Евроцолъиялъул улкабазул къватIисел ишазул идарабазул бутIруз тасдикъ гьабун буго Украиналъул конфликталде хурхен букIиналъе гIоло Москваялде данде гьарулел санкцияби анлъго моцIалъ халат рахъинариялъул хIукму.
Евроцолъиялъул нухмалъиялъул официалияв вакилас «Твиттералдасахун» лъазабухъе, энергетикаялъул, финансазул ва рагъулаб сферабазда хурхарал санкцияби халат рахъине руго 20I6 соналъул 3I январалде щвезегIан. Гьезул мурад бугин Минскалъул къотIи-къай щвалде щун тIуразариялде ккезарийин жубалеб буго гьес.
Москваялъ данде кколеб жаваб кьезе бугин Россиялде данде санкцияби рилъанхъизарулеб Евроцолъиялъул хIукмуялъейин, лъазабуна Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас. Гьесул рагIабазда, Москваялъ гьеб гали рикIкIунеб буго къануназде данде кколареблъун ва жинда гъоркь кьучI гьечIеблъун.