МагъчIваялъе рес

Кабулалда тIаде кIанцIана парламенталъул минаялде


Итни къоялда Кабулалда Афгъанистаналъул парламенталъул минаялде тIадекIанцIана талибал.

Цин хвалде унес минаялда аскIоб кьвагьизабуна автомобиль, цогидаз хадуб позициял ккун руго нухмалъиялъул минабазул коммлексалда аскIоб. ХIинкъигьечIолъиялъул къуватазда бажарун буго экстремистазул тIадекIанцIи нахъ чIвазе.

Тунка-гIуси халат бахъун буго кIиго гIанаб сагIаталъ. Хун вуго кIиго гражданияв, гьезул цояб лъимер кколеб буго. 30-ялдасаги цIикIкIун чи лъукъунги вуго. Гьезда гълорлъ рагIула щуго чIужугIаданги цо лъимерги.

Полициялъул лъазабиялда рекъон, хвалде унев рикIкIинчIого тIадекIанцIарав анлъавго талибав чIван вуго.

Талибаз жидерго тIадекIанцIи гьабун буго, парламенталъ улка цIуниялъул цIияв министрасул кандидатара гьоркьоб лъезе кколеб букIараб къоялда. Амма гьелъул бакIалда парламенталъул гIахьалчагIазул эвакуация гьабизе ккун буго.

Би-Би-Си агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, депутат-чIужугIадан лъукъунги йиго.

Шамат къоялда улкаялъул шималияб рахъалда бугеб Кундуз провинциялда талибаз жидерго контролалде гъоркье босана кIиго мухъ.

XS
SM
MD
LG