Украиналда ругел ОБСЕялъул тоххалчагIазда ратун руго сепаратистазул рагъулаб техника Минскалъул къотIи-къаялда рекъон, чIезабураб гIорхъи бахун жаниб.
Донецк областалъул Комсомольское шагьаралда аскIоб батун буго 10 танкги 27 щула гьабураб рагъулаб автомобильги. Шахтерск, Зугрэс шагьаразда ва Васильевка росда аскIоб батун буго къуватаб рагъулаб техника, гьелдаго цадахъ, «Гвоздика» абурал гIарадаби.