МагъчIваялъе рес

Берикеялдаса чIегIерал байрахъазде гъоркье


Гьал къоязда Россиялъул хасал идарабаз кьурал баяназда рекъон «Исламияб пачалихъ» абулеб экстремистияб гIуцIиялъул кьерулъ Шамалда кIиазаргоялдасаги цIикIкIун россиялъулав вагъулев вуго. МухIканал гурел баяназда рекъон гьезда гьоркьов вуго 600гоялдасаги дагъистанияв. Ахираб заманалда жаниб «Исламияб Пачалихъалъул» рахъалда рагъизе унезул къадар цIакъго цIикIкIун бугин лъазабулеб буго экспертаз. Гьедин цохIо Дагъистаналъул Берикей росулъа бащадаб лъагIалида жаниб 40гоялдаса цIикIкIун чи ун вугин гьенив вагъизейилан абурал баянал руго.

Ахирисел баяназда рекъон «Исламияб пачалихъ» абулеб экстремистияб къокъаялда гъорлъ кIиазаргоялдасаги цIикIкIун Россиялдаса чагIи рагъулел руго. Цо-цо баяназда рекъон гьезул къадар щуазаридегицин бахине бегьулеб буго. Гьедин лъазабуна гьал къоязда лъидаго рачIел пачалихъазул цолъиялъул терроризмалде данде къеркьолеб идараялъул нухмалъулев Андрей Новиковас.

Гъоркьисала Россиялъул терроризмалде дандечIараб идараялъ лъазабун букIана «Исламияб пачалихъалъул» кьерулъ Россиялдаса 800ялдаса бахъаравI200гIунтIун чи вугилан. Гьединазул къадар цIакъ цIикIкIиналъе гIиллалъун бугила экстремистаз жидерго кьерулъе гIадамал цIаялъул хIалтIи кутакалда цIакъ гьабулеб букIинилан рикIкIунеб буго экспертазги. Аслияб хIалтIи гьез интеренталдасан гьабулеб буго.

Россиялъул паспортал ругел «Исламияб пачалихъалъул» рагъухъабазда гьоркьоб аслияб къагIидаялъ кавказалъулал ругин лъазабулеб буго хасал идарабаз. ГIемерисеб къадар гьезул кколел руго чачанал, Грузиялда гIумру гьабун ругел чачанал, гIалгIаял ва дагъистаниял. Дагъистаналъу хасал идарабазул баяназда рекъон гьединазул къадар 1600 чиясдасаги цIикIкIине бегьулел руго.

Дагьаб цебегIан Дербент мухъалда букIараб терроризмалде дандечIараб комиссиялъул данделъиялда Дагъистаналъул пачалихъалъул вице-премьер Рамазан Жафаровас лъазабуна чанги Турциялда ва Мисралда рукIарал Дагъистаналъул гIолохъаби Шамалде рагъде ун ругила, гьединазул къадар жеги тIубан чIезабун гьечIилан.

Гьебго комиссиялъул данделъиялда Жафаровас лъазабуна Дербент мухъалъул Берикей росулъа цохIо ахираб бащадаб лъагIалида жанив «Исламияб пачалихъалъул» кьерулъе рагъизе ун ругила 40 гIан чийилан. Гьезда гьоркьор цохIо бихьинал гурониги гIисинал лъималги рачун руччабиги ун ругин.

Берикей буго ралъдал рагIалда бугеб, лъикIаб, гьава-бакъ рекъараб, минералиял лъел иццалги ругеб, хIухьабахъиялъул бакIазулги цIураб росу. Гьединаб лазатаб бакIалдаса гьевщинав чи щайин экстремистазде гъорлъе Шамалде вагъизе аравилан абураб суал кьуна «Экренлъи» радиоялъ экстремистал ракълилаб гIумруялде цIалеб Дербенталъул комиссиялъул гIахьалчи, адвокат Селим АхIмадовасда.

Селим АхIмадов: «80гIан чи анин Берикеялдаса ИГИЛалъул кьеразулъейин абураб баян буго. ТIубарал хъизанал ккун аралги руго. Официалияб къагIидалъ 38 кIудиялги , 4 лъимерги анин гьанисайин абулеб буго, амма гьезул къадар гIезегIан цIикIкIараб буго. Карандаса тIечIел гIадал гIисинал лъималги рачун ун руго гьениса руччаби. Гьанжего –гьанже хъизан гьабурал бахIарал ун руго, лъимаде ругел руччабиги рачун арал руго. БукIинеселъе хIинкъи бугеб хIал буго гьаб сагIат гьеб росулъ. Гьелде букIине кколеб кIвар кьолеб гьечIо. Масала, гъоркьисала Дербент мухъалъул бетIерлъуда Къурбанов Къурбан вугев мехалда гьеб экстремизмалъул суал гьаб мухъалда гьедигIан цIакъ тIибитIун букIинчIо. КигIан дун гьев Къурбановасде данде чIарав чи вукIаниги, абизе ккола гьес гьел рохьорехун ралагьаразда хадуб цIакъ халккун букIунаанилан. Гьес полицияги гьоркьоса къотIичIого гьелде данде хIалтIизе тIамулел рукIана, диниял чагIигун цадахъ бичIчIикьеялъул хIалтIиги букIана гьабулеб. Гьев ун хадуб экстремизмалде данде къеркьеялъул хIалтIуде кIвар кьезе регIарав чи вукIинчIин абизе бегьула. Мухъалъул цIияб нухмалъиги хъулухъазда сверун гьарулел рагъа-рачарияз батIияб жоялде регIизе толел гьечIо.

Гьединго АхIмадовас бицана жидеца гьоркьоса къотIичIого интереталда мониторинг гьабулила. Гьелъул хIасилазда рекъон абизе кIолила интернеталдасан гIадамал экстремизмалде гъорлъе цIаялъе гьабулеб хIалтIи чанцIулго цIикIкIун бугин цебеялде дандеккун. Гьебги цойги гIилла батилила гIолилал ИГИЛалде гъорлъе иналъе. Гьелго гIиллабазда гьоркьоб гьес рикIкIунеб буго Берикей магIишат гьабизе захIматаб бакI букIин.

Селим АхIмадов: «Социалиябгун экономикияб ахIвал-хIалги ккун батизе бегьула гьел гIолилал экстремистазул кьерулъе иналъе. Хасго Берикей буго кидаго гIодоса тIадего хурухъанлъиялдалъун магIишат гьабулеб бакI. Гьединаб захIматаб хIалтIи гьабизе бокьулеб гьечIо гIолилазе.ТIокIаб гьениб хIалтIизе бакI гьечIо, къо бихьун гурони магIишат лъугьунаро гьениб. Гьелда тIадеги Берикей буго гIемер батIиял миллатазул гIадамаз гIумру гьабун бугеб бакI, гьединаб бакIалда лъица щиб гьабулеб бугебали гIинтIамуларо гIадамаз. Цого миллаталъул чагIи ругеб росулъ дагьабниги мухъдаса тарараб жо бадий реххун бачIуна, гьелъул киназго бицуна, гьелде дандечIей гьабула. Гьедин Берикеялда ругел гIолохъабазда хадуб халкввезеги захIмалъулеб бугеб. Цойги гьеб мухъ буго накотикал рича-хисиялъулги, цойги къваригIел гьечIебщинаб жо гьабиялъул центр гIадаб бакI. Гьединал бакIазда гIурал гIадамазда динги лъаларо, гьелъ гьеб буго экстремизмалде халкъ цIалезе унго-унгояб бакI. Гьез жигьадалде рилълъани нуж алжаналде кколила, чанго моцIида жанир шагьидзабилъун рахъине рес бугин абун харбалги рицун, сундулниги бичIчIи гьечIел гIолилал кколел руго гьезул кьерулъе».

Гьединго Селимица абуна Берикей Гъаякент мухъалъул гIурхъуда букIиналъги батизе бегьулила гьениб экстремизм тIобитIараб. Гъаякент мухъ Дагъистаналда рикIкIуна салафиязул кIудияб къадар бугеб мухълъун. Хасго гьезул цевехъан Абу-Султанилан абун лъалев Султанов Камилги Дагъистаналда салафиязул кьерулъ кIудияб къимат-къадруялда вугев чи кколаан. Исана май моцIалда гьес «Исламияб Пачалихъалъул» бетIерасе гьа бан буго. Гьесдаго хадув Шамалдеги ун гьебго экстремистияб гIуцIиялъул кьеразулъе лъугьун вуго цойги Дагъистаналъул салафиязул цевехъан Надир Медетовги.

2015 соналъ гIадамал экстремизмалде ахIулел рукIарал 8 чиясе диван гьабун буго, цIех-рех лъугIизегIан гьединазул 10 ялдаса цIикIкIун чи туснахъ гьавунги вугин лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул баяналда.

XS
SM
MD
LG