Территориалиял лъинал тун къватIисел гIатIилъиязда ралъдал рухIчIаголъи цIуниялъул суал гьоркьоб лъолеб буго ва халкъаздагьоркьосеб къотIи-къай хIадур гьабулеб буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Генералияб Ассамблеялъ.
Гьеб галиялъе лъикIаб къимат загьир гьабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулел гIуцIияз. Гьез абулеб буго, гьеб кколин ралъдал рухIчIаголъи хвасар гьабиялъе цIакъ къваригIунеб, цебе киданиги гьабулеб букIинчIеб хIалтIийин.
«Цолъарал миллатазул гIуцIиялъ тIоцебесеб нухалда тадбирал тIоритIулел руго биосурсатаздаса пайда босиялда низам чIезабиялъе гуреб, ралъдал рухIчIаголъи хвасар гьабиялъул мурадалда», - ян лъазабуна The Pew Charitable Trusts абураб Америкаялъул рахIмуялъул хIукуматалъул гуреб гIуцIиялъул нухмалъулезул цояй Элизабет Уилсоница.
Бицен гьабулел халкъаздагьоркьосел лъинал байбихьула пачалихъазул рагIалъабаздаса 200 мил манзилалъул гIорхъаби тун хадуб.