МагъчIваялъе рес

Сенатор Джон МакКейница США цIидаса ахIулеб буго Украиналъе ярагъ кьеялде


Республиканияб партиялдаса сенатор Джон МакКейница Цолъарал Штатал цIидаса ахIана Украиналъул рагъул къватазе ярагъ кьеялде. 20 июналда Киевалда пресс-конференциялда кIалъалаго, гьес абуна, Россиялъул президент Владимир Путиница Украина бикь-бикьизе бахъулеб хIаракаталъул фоналда, Магъриб щибниги гьабичIого чIей кколин сурукъаб жойин.

XS
SM
MD
LG