МагъчIваялъе рес

Путинил сверухълъиялъ нахъ чIвана Алексей Кудринил цебелъей


Гражданияб инициативаялъул комитеталъул бетIер Алексей Кудринил Россиялъул президентасул рищиял заман щвелалдеги тIоритIиялъул цебелъей къабул гьабичIо Владимир Путинил сверухълъиялъул политиказ.

Петербурагалда экономикияб форумалда дагьалъ цебе Кудриница лъазабун букIана, заман щвелелдего президентасул рищиял тIоритIани, президентасде божилъиялъул мандат цIилъизабизе рес букIинаанин ва гьелъ жиндирго иргаялда шартIал рагьизе рукIанин цIиял реформаби лъазариялъейин.

Амма «Единая Россия» партиялъул нухмалъиялъ лъазабуна, жидеда бихьулеб гьечIин багьана рищиязул болжал хисизабиялъейин ва Кудринил цебелъеялда нахъ гьезда бихьана жамгIияталда жаниб ракIчIунгутIиялъул хIал багъаризабиялъул хIалбихьи.

Россиялъул президентасул иргадулал рищиял тIоритIизе ккола 20I8 соналда.

XS
SM
MD
LG