Цолъарал Штатазул Сенаталъ тасдикъ гьабун буго Украиналъе 300 миллион долларалъул рагъулаб кумек гьабиялъул хIукму. Конгрессалъул ТIасияб палатаялъ резолюция къабул гьабуна 18 июналда, гьелъухъ кьун буго 7I гьаракь, данде кьун буго 25.
Сенаторазе бокьун буго Украиналъул армиялъе радиолокациялъул, танкабазде данде хIалтIизабулеб ярагъ ва техника кьезе.