МагъчIваялъе рес

ООН: «Жидерго бакIаздаса лъутизе ккаразул къадар киданиги букIинчIеб къадаралъ циIкIкIун буго


Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул лъазабиялда рекъон, рагъулал конфликтал ва пачалихъалъ тIадецуй букIин сабаблъун улка тун къватIире лъутизе ккаразул къадар дунялалда бахун буго киданиги букIинчIеб даражаялде.

Гьелъул баяназда рекъон, араб соналда дунялалда 60 миллион чи лъутизе ккун вуго къватIисел пачалихъазде, гьеб къадаралъул бащдалдаса цIикIкIун бутIа кколел рагIула лъимал. Бищунго гIемер чияс жидерго бакIал тезе ккун руго Сириялъул конфликталъе гIоло.

Украиналъул Социалияб политикаялъул министерлъиялъ I8 маялда загьир гьарурал баяназда рекъон, Донбассалдаса нахъе ун вуго цо миллионгун 300 азаргогIанв чи.

XS
SM
MD
LG