Франциялъул диваналъул хIукму гIумруялде бахъинабиялъул тIадкъаял тIуразарулез аресталде гъоркье босун буго «Россия сегодня» абураб халкъаздагьоркьосеб информагентлъиялъул банкалъул счет ЮКОС компаниялъул рукIарал акционераз диваналде кьурал гIарзабазда рекъон. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго агентлъиялъул бетIерияй редактор Маргарита Симоньяница.
ТАСС агентлъиялъул буголъи аресталде гъоркье босулеб букIиналъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго гьединго «Газета.ру» сайталъги.
Гьелда цебе информагентлъияз лъазабуна, Бельгиялъ дипломатиял вакильзабазул хутIизегIан, Россиялъул пачалихъалъул идарабазул буголъиялъул арест гьабиялъул хIакъалъулъги.
ЮКОСалъул вукIарав бетIер Михаил Ходорковскияс Твиттералда лъураб посталда лъикIаб къимат кьолеб буго Бельгиялъул нухмалъиялъул хIукмуялъе.
Жиндир хьул бугин, гьелъухъ щвараб гIарац Россиялъул жамгIияталъе пайдаял проектазе хIалтIизабизе букIиналъулин, хъвалеб буго Ходорковскияс.