Ахирисеб нусго сонида жаниб букIинчIеб бухIи загьирлъулеб буго гьанже Шималияб Кореялда. Талъиялъул ургъел ккун буго, гьединаб хIакъикъаталъ кванил нигIматал гIунгутIиялде рачине бегьиялда бан.
Шималияб Кореялъул централияб телеграфалъул агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, цIадал рачIоголъиялъе гIоло ракъван руго рисалъул хурзал.
90 соназда КНДРалда ракъун хвана чанго азарго чи.
Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул баяназда рекъон, гьанжеги Шималияб Кореялда кванил нигIматал гIолел гьечIолъиялъ зарал кколеб буго лъималазул лъабабилеб бутIаялъе.