МагъчIваялъе рес

Венгриялъ Сербиялъулгун гIорхъиялъул халалъиялда базе буго къед


Легалиял гурел мигрантаздаса цIуниялъул мурадалда Сербиялъулгун гIорхъода кьед базе планал рукIиналъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Венгриялъул нухмалъиялъ.

Венгриялъул къватIисел ишазул идараялъул бетIер Петер Сийяртол рагIабазда, кIиябго улкаялда гьоркьоб базе рагIула 4 метраялъул борхалъиялъул I75 километралъул халалъиялъул къед.

Улкаялде рачIунел мигрантазул къадар бихьулеб къагIидаялда цIикIкIун буго 20I4 соналъул кIиабилеб бутIаялда.

XS
SM
MD
LG