МагъчIваялъе рес

Кремлалъ лъазабулеб буго, Россиялъе бокьун гьечIин яргъил къецазда гIахьаллъизейин


Кремлалъ лъазабулеб буго, Россиялъе бокьун гьечIин хираго чIолеб ва экономика пасат гьабулеб Магърибалъулгун яргъил къецалде инейин. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна 17 июналда Россиялъул президентасул кумекчи Юрий Ушаковас.

Санкт-Петербургалда тIобитIараб экономикияб форумалъул брифингалда журналистазда цеве вахъунаго, Ушаковас НАТОялде гIайиб гIунтIизабуна, гьеб Россиялъул гIорхъабазде аскIобе бачIунеб бугинги абун. «Гьелъие гIоло Москваялъ гьаризе кколел руго жиндирго интересал ва хIинкъигьечIолъи цIуниялъул тадбирал», - ян лъазабуна президентасул кумекчияс.

I6 июналда президент Владимир Путиница лъазабуна, исана Россиялъул ядерияб потенциал цIикIкIинабизе бугин континентаздагьоркьосеб манзилалъул баллистияб 40 ракета гьабунин ва цIиял ракетабазда бажаризе бугин ракетабаздаса цIуниялъул бищунго цIиял системабаздаса бергьинеян.

НАТОялъул генералияв секретарь Йенс Столтенбергица лъазабуна, Россиялъул рагъулаб риторикаялдаса хIинкъи бугин дунялалъе, гьелъул бугин дестабилизация бижинабиялъул хасиятин.

XS
SM
MD
LG