МагъчIваялъе рес

НекIсияб Датуна

Жакъасеб Шамиль мухъалда бугеб Датуна абураб гьатIан цо-цо тарихчагIазул пикруялда бараб буго гуржияз 9-10 гIасруялдаго. Амма тарихчи, журналист ва жамгIияв хIаракатчи Маркъо ШагIбановас рикIкIунеб буго, гьеб гьатIан банин аваразин. Хадуб Датуна-гьатIаналъул цIар рекIун буго гIагарлъухъ бугеб росоялдаги.​

Шамил мухъалъул культураялъул идараялъул нухмалъулев ГIабдулмухIамадов Гiабдулгъапарил рагIабазда, Шамил-имамасул заманалда муридзаби чIун рукIун руго, гьатIан биххизабизе кколин абун. Гьеб кколин нилъер умумуз бараб гьатIанин, гьеб нилъехъеги щванин, нилъеда хадусезухъеги щвезе кколинги абун, имамас гьукъун буго гьеб биххизабизе.

Гьенир аскIоса гIебеде гьанжеги ратулел руго гьенир гIумру гьабун рукIарал гIадамазул минабазул чIунтелалги, некIсиял хобалги.


Цойги

XS
SM
MD
LG