Улкаялъул талъиялъул репрессияздаса Швейцариялъул вакиллъиялда вахчун вукIарав Азербайджаналъул журналист ва инсанасул ихтиярал цIунулев Эмин ХIусенов, ун вуго Бакуялдаса.
Швейцариялъул дипломатияб идараялъул лъазабиялда рекъон, Азербайджаналъул гражданв Эмин ХIусенов ватIаналдаса нахъе ана авиалайнералда рекIун Европаялъул хIаял рагьиялъул церемониялде вачIун вукIарав Швейцариялъул кIудияб даражаялъул дипломат Дидье Буркхальтергун.
ХIусенов Швейцариялде инелда цебе, Азербайджаналъул тIалъиялъулгун кIалъа-басаял тIоритIулел рукIана чанго моцIалъ.
Швейцариялъул нухмалъиялъ ХIусеновасе сентябралде щвезегIан рес кьун буго хIукму гьабизе, кьезе бугищали гьес гIарза политикияб гIилла букIун лъутIун чIеялъул бакI гьариялъе.
ХIусеновас кIвар кьун какулеб буго президент Ильгьам ГIалиевасул авторитарияб режим. Цебесеб соналъул августалдаса нахъе, къануналде данде кколареб къагIидаялъ бизнес билъанхъизабиялъул ва магъалаби кьунгутIиялъул гIайибал гIунтIизарун хадуб, гьев вахчун чIун вукIана Бакуялда бугеб Швейцариялъул вакиллъиялда.