МагъчIваялъе рес

СШАялъ инкар гьабулеб буго Украиналъул «Азовалъе» кумек гьабизе


Цолъарал Штатазул Вакильзабазул палатаялъ хиса-баси гьабун буго Улка цIуниялъул министерлъиялъе биччалеб гIарцида хурхараб къануналда.

Гьелда рекъон, гьукъулеб буго Украиналъул жидеего бокьун рагъулаб хъулухъ гьабулезул «Азов» абураб батальоналъул гIахьалчагIазе рагъулаб махшел кьеялъе кумек гьабизе ва гьелъие ярагъ биччазе.

Гьединаб хIукму хурхинабулеб буго гьеб гIуцIиялъул националистиялгун расистиял гIуцIабазул хасият букIиналда.

XS
SM
MD
LG