Россиялъ лъазабуна, жиндир рахъалдаса гьечIин кинабгIаги "гIорхъолъа борчIараб рагъулаб хIаракатчилъийин" ва Москваялъ Вашангтоналдаса тIалаб гьабулеб бугин «ЦIорораб рагъалъул эраялда» хадуб гьабураб яргъида тIад контроль чIезабиялъул хIукму щвалде щун тIубазабийин.
КъватIисел ишазул министерлъиялъ II июналда гьабураб лъазабиялда гьединго абулеб буго, Россиялъул гIорхъабазда аскIоб Цолъарал Штатазул ракетабазул система лъей букIине бугин рахъаз къабул гьабун букIараб Гьоркьохъеб манзилалъул ракетаби хвезариялъул къотIи-къай тIубанго хвезаби абурабин.
Украиналъул машрикъалъул рахъалда конфликт халат бахъинабиялде Киев гьесизабулеб букIиналъул гIайибги гIунтIизабулеб буго Россиялъ Цолъарал Штатазде.
Гьединаб лъазаби Москваялъ тIибитIизабуна Америкаялъул Пачалихъияб департаменталъ ярагъалда хурхарал тIадеросиял Россиялъ тIуразарулел гьечIин, абун бицунеб доклад бахъун хадуб.
МоцIалъул байбихьуда Цолъарал Штатазул Улка цIуниялъул министерлъиялъул данделъиялда гьоркьоб лъолеб букIана Гьоркьохъеб манзилалъул ракетаби тIагIинариялъул къотIи-къай Россиялъ хвезабулеб бугони, Цолъарал Штатаз Европаялда ракетаби лъезе бегьиялъул суал.