МагъчIваялъе рес

СШАялъул президент Барак Обама какулев вуго республиканияз


«Исламия пачалихъ» гIуцIиялде данде къеркьеялъул «щвалде щвараб стратегия жидер гьечIин» лъазабун хадуб, Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаде кIудияб критикагун руссана Республиканияб партиялъул вакилзаби.

Гьелдаго цадахъ ХъахIаб рукъалъ план гIуцIулеб буго гIагарисеб заманалда ГIиракъалде азаргоялдасаги цIикIкIун инструктор витIиялъул ва Анбар провинциялда рагъулаб база гIуцIиялъул.

ГIиракъалъул Рамадиялда ва Сириялъул Пальмираялда «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъе щварал бергьенлъияз Обамал стратегиялда хурхун вас-васди дагьалъги цIцIикIкIинабуна.

Республиканияб партиялдаса Цолъарал Штатазул президентасул хъулухъалде кандидат Рик Перрица лъазабуна, «рагъул къватазул тIадегIанав нухмалъулевлъун жив вукIарабани, ичIго моцIалда жаниб «Исламияб пачалихъ» гIуциялда тIад бергьенлъи щвеялъул хIалтIи жинца гьабизе букIанин рагъулал бутIрузулгунин».

XS
SM
MD
LG