Румыниялъул премьер-министр Виктор Понтасухъа депутатасул иммунитет бахъи ян абураб тIалаб нахъ чIвана гьеб улкаялъул парламенталъул 231 депутатас.
120 депутатас жидерго гьаркьал кьуна премьер-министр жавабчилъиялде цIаялъе гIоло. Гьел депутатаз гьесде гIунтIизабулеб буго коррупциялъул гIайиб.
Румыниялъул президент Клаус Иоханнисица Виктор Понтадехун вуссун, ахIи бана хъулухъ теялда, гьелдалъун политикияб дагIба цебеккунго нахъ чIвазе бегьулин, абуна гьес, амма премьер-министр гьелда разияв гьечIо. Гьес жиндир иргаялда киналго гIайибал нахъ чIвалел руго.