Терроризмалде данде къеркьей гьаби ва дунялалда гьава-бакъ хисиялъул проблема, гьале гьадинал суалал гьоркьор лъун руго Бавариялъул Альпабазда гьатIан къоялъ байбихьараб КIудияб Анкьилабалъул сакммиталда.
Гьеб саммиталда гIахьаллъи гьабулеб буго КIудияб Британиялъул, Канадаялъул, Франциялъул, Германиялъул, Италиялъул, Япониялъул ва Цолъарал Штатазул церехъабаз.
Гьединго рехсарал суалал дандралел руго ГIиракъалъул ва Нигериялъул вакилзабаз. Хасго «Боко ХIарам» ва «Исламияб пачалихъ» абулел террористикиялъул рикIкIунел гIуцIабазде данде къеркьей гьабиялъул суал.
Гьел гIуцIабазул контролалда гъоркь руго ГIиракъалъул ва Сириялъул кIудиял территориял.
Саммиталда гIахьаллъула Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияв секретарь Бан Ги Мун.