СагIудиязул ГIарабиялъ нухмалъулеб рагъулаб къоялициялъ къаби щвезабун буго Сана шагьаралда бугеб хуситазул рахъ кколеб къокъаялъул штабалда. Хуситазул лъазабиялда рекъон гьелъул хIасилалда хун вуго бищун дагь босун 44 чи. Гьезул информациялъул агентлъяилъ гьединго лъазабулеб буго, щвезабураб кьабиялъул хIасилалда нусгоялдасаги цIикIкIун чи лъукъанин, гьездаго гъорлъ ругин руччабиги лъималагиян.
Туркиялда гьатIан къоялда тIоритIана парламенталъул рищиял. Гьезул хIасилаз бихьизабизе буго, щвезе бугищали президент Реджэп Эрдогьаница гIуцIараб РитIухълъиялъулгун цебетIеялъул партиялъе гьаркьазул аслияб къадарали.
ГIаммаб къагIидаялда рищиязда гIахьаллъулеб буго 20 политикияб партия. Гьаркьал кьеялъул хIасилалда парламенталде ворчIизе ккола 550 чи. Гьаркьал кьеялъул ихтяир улкаялда буго 53 миллион чиясул.