«КIудияб анкьабилалъул» саммиталде щварал Цолъарала Штатазул президент Барака Обамаца ва Германиялъул канцлер Ангела Меркелица гьабурараб цадахъаб лъазабиялда абулеб буго, Минскалъул къотIи-къаял тIуразаригIан Россиялде данде лъазарурал санкцияби рухIалда хутIизе кколин.
КIиябго улкаялъул лидераз гьоркьор лъуна Украиналъул кризисалъул суалал ва цо пикруялде рачIана, Россиялъ Минскалъул къотI-къай тIубазабиялда хурхараб бугин Москваялде данде гьарулел санкциязул халалъиян.
«КIудияб микьилабалъул» хIаракатчилъиялдаса Россия махIрум гьабун букIана Крымалъул аннексия гьабун хадуб.
Магърибалъ Россиялда гIайиб гIунтIизабулеб буго, гьелъ Украиналъул машрикъалъул рахъалда жидеего бокьун рагъизе бокьун аралин абулезул бакIалда жиндирго рагъул къуватал хIалтIизариялда хурхун.
Санкциязул иргадулаб болжал лъугIулеб буго июлалда.
Марталда Евроцолъиялъул лидераз жидедаго гьоркьоб хIукму гьабун букIана Россиялъул экономикаялъул секторазде данде лъазарун рукIарал санкцияби нахъе рахъизе гьечIин Минскалъул къотIи-къай щвалде щун Россиялъ тIубазабизегIанин.