ГIелмуялъул ва лъай кьеялъул рахъ ккураб митинг тIобитIана шамат къоялда Москваялда.
Митинг хIадур гьабулеб букIун буго Юстициялъул министерлъиялъ «къватIисел улкабазул агентазул» сияхIалде босараб «Династия» абураб рахIмуялъул фондалъул рахъ кквелъул мурадалда. Амма гьеб фондалъул бетIер Дмитрий Митиница гьарун буго митингалъул хасият хисизабеян.
«Интерфакс» агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, митингалъул гIахьалчагIаз Россиялъул талъиялдаса тIалаб гьабун буго гIелмуялъулгун лъайкьеялъул, рахIмуялъул гIуцIиязде гьабулеб тIадецуй ва гьезие «къватIисел пачалихъазул агентазул» статус лъазаби чIезаби.
Митингалда гIахьаллъана Пачалихъияб Думаялъул депутат Дмитрий Гудков ва оппозицияв политик Алексей Навальный.