ОБСЕялъ лъазабулеб буго, Азербайджаналъ моцI кьунин жидерго улкаялда гIуцIиялъул хIаракатчилъи чIезабиялъе ва гьединаб галиялъул багьана Бакуялъ кинабгIаги къагIидаялъ баянлъизабулеб гьечIин.
Гьединаб хIукму загьир гьабуна Азербайджаналъул нухмалъиялъ гражданияб жамгIияталдеги информалатазул эркенлъиялдеги гьабулеб тIадецуй Магърибалъул хъулухъчагIаз ва халкъаздагьоркьосел инсанасул ихтиярал цIунулел гIуцIабаз какулеб фоналда.
Инсанасул ихтиярал цIунулел гIуцIабаз рикIкIунеб буго 20I3 соналда Азербайджаналъул президентасул хъулухъалде лъабабилеб нухалдаги Ильгьам ГIалиев вачIун хадуб, Бакуялъ кIудияб хIаракат бахъулеб бугин хIукуматалъул оппонентазда бугътан лъезейин. ОБСЕйин абуни кколин Азербайджаналъул талъиялъул бищунго кIудияб критикин.
Азербайджаналъ нахъ чIвалеб буго Магърибалъул критика, жал какиялъе рехсолел багьанаби объективиял гьечIинги абун.