Россиялъул агрессиявияб хьвада-чIвадиялде данде жаваб хIисабалда НАТОялъул гIахьалал улкабаз Европаялъул машрикъалъул улкабазда цIикIкIинаризе кколин цадахъал рагъулал ругьунлъиял, Цолъарал Штатаз дагьалъги жигарго кумек гьабизе кколин альянсалъул армиязул профессионалияб махшел цIикIкIинабизе ва улкабаз дагьалъги жигарлъизабизе кколин цоцахъе хасаб информация кьеялъул процесс.
Гьедин лъазабуна Цолъарал Штатазул улка цIуниялъул министр Эш Картерица Америкаялъул рагъулазул тIадегIанал нухмалъулезул ва Европаялъул улкабазда Цолъарал Штатазул вакильзабазул данделъиялда хадуб журналистазул суалазе жавабал кьолаго.
Министрасул рагIабазда, Россиялъул компаниязде ва цо-цо гражданазде данде гьарулел санкциябаз Кремль ккезабичIого жиндирго стратегия хисизабиялде.
Гьединлъидал къваригIуна Москваялъ Украиналда хIалтIизабураб гIадаб тактикаялде дандечIеялъул халатаб заманалъулаб стратегия.