Шамат къоялда Рималъул папа Франциск щвана цокъоялъулаб визитгун Босниягун Герцоговинаялъул тахшагьар Сараевоялде.
Сербазул, хорватазул ва бусурбазул жамгIиятал гьес ахIана цоцада гьоркьоб унеб диалог хинлъизабиялде, цебесеб заманалъул гъваридал ругъналги кIочон, цIадахъ лъугьун ракълилаб букIинеселде нух бахъиялде.
Папаца лъазабуна, нуж данде чIезе кколин вахIшилъиялде ва диназдагун миллатазда гьоркьосел батIалъиял зулмуялъе гIиллалъун хIалтIизариялдейин.
Понтифик къабул гьавизе нухазул ва къватIазул рагIаллъабазде рахъун рукIун руго аза-азар босниялъулал.
Улкаялъул нухмалъигун дандчIван хадув Рималъул папа Францискица 65 азарго чи данде вакIарараб Сараевоялъул стадионалда тIобитIина динияб тадбир.
1992- 1995 соназда этносаздагьоркьосеб конфликталда Босниягун Герцоговиналъул территориялда хвана нусазаргоялдасаги цIикIкIун чи.