МагъчIваялъе рес

Коммунистал данде чIун руго Соросил фондалде


Пачалихъияб Думаялъул КПРФалдаса депутатаз Россиялъул Генпрокуратура ахIулеб буго «Открытая Россия» абураб институт яги Соросил фонд «данде кколарел» гIуцIиязул сияхIалде босиялде. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Интерфаксалъ.

Генералияб прокуратураялде битIараб хитIабалда, депутатаз хъвалеб буго, «анцI-анцI соназ Соросил фондалъул бугин Россиялде дандесеб хIаракатчилъийин».

Депутатазул рагIабазда, Америкаялъул финанасист ва филантроп Джордж Соросица балъголъи гьабулеб гьечIо Совет Союз биххиялде ва Украиналда «курак тIогьилаб революция» ва Евромайдан гIуцIиялде жиндирго хурхен букIиналъул.

«Данде кколарел къватIисел пачалихъазул ва халкъаздагьоркьосел гIуцIиязул хIакъалъулъ» къанун Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбасун букIана 23 маялда.

XS
SM
MD
LG