Москваялъул Замоскворецкалъул диваналъ къанунияблъун рикIкIана оппозицияв политик Алексей Навальныяс нухмалъулеб «Партия прогресса» пачалихъияб регистрациялдаса махIрум гьаби.
«Гьединаб къагIидаялда диваналъ нахъ чIванин Юстициялъул министерлъиялъул мекъаб хьвада-чIваялда хурхун диваналде кьураб гIарзайин», лъазабуна «Твиттералда» партиялъул Централияб мажлисалъул секретарь Дмитрий Крайневас.
Юстициялъул министерлъиялъ лъазабуна «Партия прогресса» регистрациялдаса махIрум гьабунин, гьелъ жиндирго регистрация гьабиялъе бихьизабураб заманалъул гIорхъаби рахин сабаблъунин.
Живго Алексей Навальныяс лъазабуна, партия хвезабунин, гьанжесеб талъиялъе гьелдаса хIинкъи бихьулеб букIиналъин.