МагъчIваялъе рес

Нухлол полициялъ ургъел загьир гьабулеб буго...


Сон байбихьаралдаса маршруталъул таксиялъул шоферзабазул гIайибалдалъун ккарал автоавариязул къадар цебесеб соналъул гьединабго болжалалде дандеккун цIикIкIун бугин, лъазабулеб буго республикаялъул нухлол полициялъ.

Жакъа Дагъистаналда бугеб щибаб лъабабилеб микроавтобусалъул ригь кколила гIага-шагар 8-10 сонин баян гьабулеб буго Дагъистаналъул автоинспекциялъул пропаганда гьабулеб бутIаялъул нухмалъулев ГIисалмухIамад Султановас. Гьелда тIадеги, пассажирал раччизе мурадалда гIадамаз цогидал регионаздаса рачIунел ругила эксплуатациялъул болжал лъугIулел маршруткаби. Масала, МахIачхъалаялда босанани, шагьаралда жанир хьвадулел маршруткабазул 50 процент бугила кколеб техникияб хIалалда чIезабун гьечIеб.

2015 сон байбихьаралдаса маршруткаби сабаблъун нухазда кколел аварияби цIикIкIун рукIиналъ 30 маялдаса бахъун, 8 июналде щвезегIан тIолго республикаялда лъазабун бугила «Автобус» абураб профилактикаялъул операция. Гьелъул аслияб мураб бугин нухда гIадамазул цIуна-къай чIезабийин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе ГIисалмухIамад Султановас.

ГIисалмухIамад Султанов: « «Автобус» абура операция лъазабун буго шагьаразда ва мухъазда, абизе ккола гьеб автоинспекциялъ тIобитIулеб бугин, пассажирал раччулел гIуцIабазул кинабгIаги квербакъи гьечIо гьеб хIалтIулъ. Цере-цереги тIоритIулаан нижеца батIи-батIиял тадбирал, амма гIаммаб куцалъ гьабулеб гьечIони хIалтул пайда гьечIо. ГIицго автоинспекциялъ гуребги, шагьаразул ва мухъазул тIалъиялъ, гIуцIабаз ва цогидал идарабазги кьезе ккола пассажиразул цIуна-къаялде кIвар, гурого автоинспекциялъ гIакIа бахъун ва гIарза хъваялъ иш тIубаларо. Масала, букIана лъугьа-бахъин, цо мухъалдаса школлъимал Петербургалде экскурсиялъ маршруткаялда рекIун ине ратарал, Автоинспекциялда цебеккун халгьаби тIобитIичIого. Нухда ккуна гьел. Кире унел ругониги, хасго лъимал гьезул жавабияб гIуцIиялъ автоинспекциягун дандбан халгьаби тIобитIун гурого бегьуларо транспорт биччазе. Пассажирал раччулеб транспорталъул хIал лъикIаб гьечIолъиялда бан шагьараул ва мухъазул тIалъиялде ритIулел батIи-батIиял кагътазул гIицIго 10 проценталъе гурого жавабцин щоларо, гьеб щванигицин лъикI букIинаан».

Жакъа Дагъистаналда нусго батIиял хIукуматалъул гурел гIуцIабахъ бугила пассажирал раччиялъул иш, гьезул киназго букIине кколеб хIалалъ техникияб халгьабицин тIобитIун букIунарин тIаде жубана гьес.

Амма техникияб халгьаби тIобитIулаго цогIаги нухалъ жиндир машинаялъухъ халго гьабичIин, гIицIго документ кьолин, халгьаби тIобитIаралъухъ гIарац кьун хадубин бицана «Эркенлъи» радиоялъе жиндир цIар рехсезе бокьичIев чияс. Гьев чанго соналъ хIалтIун вуго гIадамал раччун росабалъа МахIачхъалаялде хьвадулеб маршруткаялда.

Аслияб куцалъ гIадамаз хIалтIизарурал микроавтобусал росулел руго Москва, Ростов, Ставрополь гIадал регионаздаса. КъачIан, гьездаса хайир букIине маршруткаби хIалтIизе гьарулаго, гIадамазул цIуна-къаялъул кIвар букIунарин гьеб бачунел чагIазейин абулеб буго ХIажибагомедов Русланица. Гьев кколев вуго Дагъистаналъул автоинспекциялъул халкквеялъул бутIаялъул вакил. Гьединго билълъун ун бугила автобусазда ва микроавтобусазда гIадамал гIодор чIолел бакIал рек-рекарал яги кколелдаса тIаде цIикIун лъун рукIинги. ТIолго Дагъистаналда нусгоялде щун лъугьа-бахъин ккун батани, гIицIго МахIачхъалаялда 24 нухлул лъугьабахъин кканила гьаб соналда, гьезул хIасилалда 12 чиясе батIи-батIиял сакъатлъабиги щванилан бицана гьес.

ХIакъикъаталдаги, кколел авариязул щибаб 39-абилеб кколила маршруткаялъул гIагIахьаллъи бугел, хуIтарал 38 лъугьа-бахъиназе кIвар щайин кьоларебин абулеб буго Дагъистаналъул лъидаго рачIел предпринимателазулгун шоферазул махщалилаб цолъиялъул нухмалъулев ГIисалмухIамад Набиевас. Жинда гьеб бихьулила маршруткаялда хIалтIулезда данде гьабулеб хIалтIилъун.

ГIисалмухIамад Набиев: « Гьел тадбиразул цо мухIканаб гIилла батизе буго. БитIараб гьечIо, маршуткаялъул водителасул гIайибалда кколел авариял гIемер ругин абулеб жо. Жакъа гIицIго щибаб 39 нухлул лъугьа-бахъин ккола микроавтобусазул гIахьаллъи буге. ХутIарал 38 нухлул лъугьа-бахъиналъул щай бицунеб гьечIеб, гьенир зарал ккарал гIадамал кIвар гьечIелищха кколел. Транспорталъул ригьалъул абулеб бугони, 10 сон бараб машина лъагIел баралдаса лъикIаб букIине бегьула, гьелъул кколел алатал хисун, лъикIаб хъулухъ гьабулеб бугонани. Гьединлъидал мекъи буго, басриял ругилан гIилла бати».

ГIемерисел гIадамал раччун хьвадулел траспорт гъорлъе унел руго батIи-батIиял муниципалиял гIуцIабазда, амма ахираб замнаялъ гьединал гIуцIабазда кколел ругила хис-басал. Жалго хIалтIухъабиги хас гьабун хIалтIизе бокьу ругин тIаже жубана Набиевас.

XS
SM
MD
LG