«Открытая Россия» абураб Михаил Ходорковскиясул жамгIияб багъа-башариялъ лъазабулеб буго, жидеца бахъараб ва цебесеб анкьалда интернеталда лъураб «Семья» абураб Рамзан Къадиров какулеб документалияб фильмалда гIахьаллъарал гIадамал ва гьезул гIагарал хIалтIудаса рахъулел ругин.
1 июналда хIалтIудаса махIрум гьаюн йиго чачаназул ОМОНалъул базаялда гIадамазе гIазаб кьеялъул хIакъалъулъ камераялда цебе бицине разилъарав ГIалихан АхIмадовасул эбел. Гьелда битIахъе абун буго, щиб сабаблъун гьей хIалтIудаса нахъе къотIараяли.
АхIмадов цеве вукIун вуго Грозныялъул мухъалъул полициялъул хIалтIухъан. Фильмалда абулеб буго, гьев «вахIшияб къагIидаялда вухун вукIанин чачаназул ОМОНалъул базаялда Рамзан Къадировасул класс цояв ОМОНалъул командир ГIалихан Цакаевасул буюриялда рекъонин».
«Отрытая Россия» багъа-башариялъ бахъараб «Семья» абураб документалияб фильм интернеталда лъуна 25 маялда. Гьанжеялдего гьеб бихьун буго миллионалдаса цIикIкIун чиясда.