Евроцолъиялъулгун «ригьин биххизабиялъул» хIинкъи кьуна Венгриялъе Еврокомиссиялъул бетIер Жан-Клод Юнкерица.
Гьелъие гIиллалъун ккана «диваналъул тамихIалдалъун такъсирчагIи чIваялда хурхараб дискуссиялде Венгрия нахъе буссине кколин» абурал улкаялъул премьер-министр Виктор Орбанил рагIаби.
«ТаксирчагIи чIваялъул къагIида нахъ буссинабулезе Евроцолъиялда гъорлъ бакI гьечIин», лъазабун буго Юнкерица.
Гьесулго рагIабазда, Венгриялъул премьер министрасул рагIабаз рази гьечIолъи бижинабуна Евоцолъиялъул гIахьалал улкабазда.
«ТакъсирчагIи диваналъул хIукмуялда рекъон чIваялъул къагIидаялдаса Будапешталъ инкар гьабуна 1990 соналда ва «Аслиял ихтияразул Европаялъул хартияги» хвезабун гьелда кIоларо гьеб къагIида нахъ буссинабизе» - ян жубана Еврокомиссиялъул бетIерас.