МагъчIваялъе рес

Евроцолъиялъ Кремлалда гIайибал гIунтIизарулел руго «чIегIераб сияхI» сабаблъун


Россиялде рачIине гьукъарал Евроцолъиялъул гражданазул «чIегIераб сияхI» гIуцIиялда гъоркь политикияб кьучI бугин, абураб Магърибалъ гIунтIизабулеб гIайиб нахъ чIвана Россиялъул къватIисел ишазул министр хисулев Алексей Мешковас.

Гьесул рагIабазда, сияхIалде восулев щивасда хурхун хIукму къабул гьабуна лъикъаланго киналго хIужажабазул халги гьабун.

Гьелдаго цадахъ гьес гьеданал хIукмаби къабул гьариялъул механизм баянлъизабичIо.

Кремлалъул «сияхIалде» восун вуго Евроцолъиялъул I7 улкаялдаса 89 политик ва рагъулаб талъиялъул вакил.

Евроцолъиялъул къватIисел ишазул идараялъул нухмалъулей Федерика Могериница лъазабуна, жидер гражданазул сияхI гIуцIиялда хурхун гьабураб хIукму данде кколарин халкъазда гьоркьосел нормабазде ва гьелда хурхун Россиялъул рахъалъ гIемерисел суалал жавабал кьечIого толел ругин.

XS
SM
MD
LG