Женеваялда шамат къоялъ байбихьана Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керрил ва Ираналъул къватIисел ишазул министр МухIаммад Зарифил кIалъа-басаял. Гьоркьоб лъураб суал – Ираналъул атомияб программаялда тIад халкъаздагьоркьосеб контроль гьабиялда хурхараб къотIи-къай рагIалде бахъинаби. Прессалъ гьеб хIужа мисал гьечIеблъун лъазабуна. Америкалъул тIадтараз лъазабулеб буго Ираналде гьабулеб тIадецуй халат бахъине бугин гьеб улкаялъ жиндирго атомияб ярагъ гьабунгIутIи мурадалда.