МагъчIваялъе рес

Бичун нахъе босанагIан халкъалъухъ ярагъ цIикIкIунеб буго


​«Халкъалъухъа ярагъ бичун боси» абураб акция цIидаса байбихьана Дагъистаналда. Гьединал тадбирал цереги тIоритIун рукIана республикаялда, амма гьелдалъун ярагъ гIадамазухъ дагьлъулеб гьечIо. Киса щолеб бугеб гIадамазухъе ярагъ?

Республикаялда гIодобичараб ахIвал-хIал букIинабиялъул мурадалда 2014 соналдаса 2017 соналде щвезегIан, изну гьечIого халкъалъ рокъоб цIунун бугеб ярагъ бичун босиялъул тадбирал тIоритIулел руго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ. Гьедин 2014 соналъ жидеда кIванин ункъо миллион гъурщие ярагъ бичун босизеян абураб баян кьуна гьал къоязда гIадамазе ярагъ хIалтIизе изну кьолеб бутIаялъул нухмалъулев Константин Томилиница. Гьесулго рагIабазда рекъон ярагъ бичун босиялъ кьурал хIасилалги руго. Араб соналъул ункъо моцIида жаниб ярагъги хIалтIизабун 102 такъсир гьабун букIун батани, 2015 сон байбихьун араб ункъо моцIида жаниб гьеб кIиго нухалъ дагьлъун буго. Амма гьаниб суал бачIунеб буго, цебеги халкъалъухъа ярагъ бичун босун букIун батани, щай гьединал тадбирал нахъойги тIоритIизе кколел? Кисан халкъалъухъе ярагъ щолеб бугеб абун.

ТIоцебесеб иргаялда живго лъикIав вахъун чияс сах-саламатаб ярагъ хIукуматалъе бичизе гьечIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе жиндирго цIар бицине разилъичIев чияс. Гьеб цо. КIиабизе бугони, жакъа ярагъ тIалаб гьабизе лъугьани гьеб щвезе захIматаб масъала гурилан рикIкIунеб буго гьес. Киса гьеб щолебилан гьикъани бокьараб рагъулаб бутIаялдаса кьолин гьеб дуца гIарац кьунани.

ГIолилав: «ЦохIо ярагъ гуребги гьединго рагъулаб ретIел, цогидабги хIажатабщинаб босизе щола гьенисан. ГIарац бугони дуе бокьараб жо кьолилан абухъе, бичун босизе щолареб ярагъ гьечIо Дагъистаналда, хIатта америкаялъул «Глок» абураб таманчаялде щун. Щибизе дагъистаниясе жакъа ярагъ хIажатабилан гьикъани тIоцебесеб иргаялда живго цIуна-къазе гIоло, бокьараб ккезе бегьулеб пачалихъ бугелъул, заманги хIинкъараб бугелъул. КIиабизе босани умумузул заманалдаса нахъего рокьи букIана магIаруласул ярагъалдехун. Дица абила жакъа халкъалъул 70 проценталъухъ рокъоб цIунун ярагъ бугилан, гьезда гьоркьоб хIакимзабазул рокъоб абуни тIубараб яргъилал нахърателал ругиланги абула».

Живго цIунизеянги абун чияс рокъоб ярагъ цIунулеб батани гьеб кколин хIукуматалда гьесул божилъиги хвараб, бищун талихIкъосараб мехилан абуна жамагIатчи, полициялъул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев Шамилов МухIамадица. Гьесго рикIкIунеб буго цинги гьезухъаго бичун босараб ярагъ кIиабизеги халкъалъе бичулеб бугин гъолго полициялъул хIалтIухъабаз.

Шамилов МухIамад: «Цин нахъе кьураб ярагъалда щиб гьабулеб бугеб: музеялдейиш кьураб гIодобейиш рехараб, цIидасан хIалтIизабизе махх биунеб заводалдейиш кьураб –гьелъул хIасил гьабулев чи гьечIо гури. Уйилан ккезе комиссиялда гъорлъе жидерго чагIиги рачун, ярагъ нахъе бакIаранилан кагъталги цIезарулел руго, кагътица бокьараб хIехьолеб бугелъул, ярагъги тIадбуссун халкъалъе бичулеб буго. ГIарац бугелъул хIукуматалъ кигIан бокьаниги биччан. Гьеб жидеего бокьухъе хIалтIизабизе ккеларищ. ХIукуматги халкъги гуккизе гьабулеб чIанда буго гьез гьабулеб хIалтIи.

1999 соналъул августалда Дагъистаналъул Болъихъгун ЦIумаде Басаевасулгун Хаттабил бетIерлъиялда изну гьечIого яргъид гIуцIарал рачIиндал, доб мехалъ республикаялъул нухмалъулевлъун вукIарав МухIамадгIали МухIамадовас хитIаб гьабун букIана халкъалде, бугес бугебги кьун ярагъ босизе тIалаб гьабейин, хадуб нужехъа гьеб бичун босизе бугилан рагIиги кьун. Рагъулал тунка-гIусиял лъугIун хадуб лъабго ункъониги компания тIобитIана Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъ халкъалъухъа ярагъ бичун босизе. Амма жиндир заманалда чияс яргъихъ кьураб лъикIаб багьа хIукуматалъ гьесие бецIун гьечIо. Мисалалъе 5 000 гъурщиде бугеб таманча босун букIун батани, гьелъухъ 1000 гъурущ гурони кьун гьечIо. Гьединаб дарамалда ракI рекъечIел гIадамазги жеги-харги гьезиеги бичичIого рокъоб нахъе цIунун рагIула ярагъ.

XS
SM
MD
LG