МагъчIваялъе рес

Украиналда бугеб гIорхъиялда аскIосан канал бахъана Россиялъул рагъулаз


Ростов мухъалда Украиналда бугеб гIорхъиялда аскIосан нусго километр халъалъи бугеб хандакъ ай хIинкъи гьечIолъиялъул канал бахъун буго Россиялъул рагъулаз. «Российская газеталъ» хъвавухъе, гIорхъиялда гьел хIалтIаби гьарун руго къануналда рекъечIого ярагъ тIибитIизаби биччангутIиялъе гIоло.

Гьаб соналъул байбихьудаса Ураиналдаса Россиялде ярагъ баччинабиялъул анцIила хадуб хIалбихьи гьоркьоса къотIанин, лъазабуна ХIинкъи гьечIолъиялъул федералияб хъулухъалъул ай ФСБялъул Ростов мухъалда бугеб идараялъги.

ГIорхъи цIуниялъул хIалтIаби гьарулел руго Украиналдаги. «Стена» абураб проекталда рекъон, Россиялъул гIорхъабазда аскIоб Украиналъ хIинкъи гьечIолъиялъул къадал ралел руго. Россиялдаса рагъулал риччангутIиялъе гIоло гьел ралел ругин бичIчIизабулеб буго Украиналъул хIукуматалъ.

XS
SM
MD
LG