МагъчIваялъе рес

Югалъулаб Осетиялъул нухмалъиялъ Грузиягун гIорхъаби къана


ГIорхъаби къана 25 маялда. Осетиялъул Пачалихъияб хIинкъи гьечIолъиялъул комитеталда ай КГБялда абухъе, гьезухъ информация буго Грузиялдаса диверсантал рачIине бегьулин республикаялда ахIвал-хIал хIалуцинабизе.

Провокациял гьаризе бегьула Грузиялъул цеве вукIарав президент Михил Саакашвилил рахъкколезин хъван буго Югалъулаб Осетиялъул КГБялъул пресс-релизалда.

ГIорхъаби кида рагьизе ругелали мухIканлъиязабулеб гьечIо КГБялъ, абулеб буго ахIвал-хIал парахалъараб мехалда рагьилин.

Гьеб лъазабиялда тIаса Грузиялъул нухмалъиялдаса жеги баянал рукIинчIо.

XS
SM
MD
LG