МагъчIваялъе рес

Гьанже Чачанлъиялдаги руго «Сардил бацIал»


Чачан республикаялъул бетIер Къадиров Рамзаница рагьана «Сардил бацIал» абулеб байкеразул клубалъул бакIалъулаб бутIа ва жинцаго живго лъазавуна гьелъул цевехъанлъун. Гьеб клубалъул чачаназул къукъаялда вуго жеги 15 чи. Гьез гъулбасал лъуна клубалъул гьаялда гъоркь.

«Сардил бацIазул» цевехъан Александр Залдостановас абуна Чачанлъиялда байкеразул клубалъул бутIа рагьи кколин Россиялъул щулияб цолъиялъул ишаралъун. Цолъарал Штатаз ва Канадаялъ гьев Залдостановасул цIар жубана Украиналда ахIвал-хIал хIалуцинабиялъул гIадамазул сияхIалде.

XS
SM
MD
LG