МагъчIваялъе рес

Цойги жамгIияв хIаракатчи викъун вуго Дагъистаналда


ХирамухIамад МухIамадов
ХирамухIамад МухIамадов

ЖамгIияв хIаракатчи ХирамухIамад МухIамадов щалали лъаларел, тIад маскIаби хурал чагIаз ккун вуго МахIачхъалаялда.

МухIамадов кколев вуго Москваялда ксенофобиялда данде лъазабураб миллионияб митинг гIуцIаразул цояв.

«Союз српаведливых» абураб жамгIияб гIуцIиялъул вакил ХирамухIамад МухIамадов хIал гьабун ккун, машинаялда жанив къазавун цо рахъалде анин вачунин лъазабулеб буго гьеб лъугьа-бахъиналъул нугIзаз.

23 маялъ МахIачхъалаялъул ХIажиева къватIалда бугеб Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталъул аслияб минаялда тIобитIулеб букIараб «Школа гражданских лидеров» абураб тадбиралде вачIунев вукIарав МухIамадов щалари лъаларел, тIад маскIаби ххурал чагIаз ккунин абулеб буго гьеб параялъ гьенир рукIарал гIадамаз.

ХирамухIамад МухIамадов викъи
ХирамухIамад МухIамадов викъи

Гьезие дандечIей гьабуниги, щалали лъаларез кверал кьурун, чIегIераб приора машинаялда жанив къазавунила гьев. Гьениб бугеб Ленинил комсомолалъул паркалъул кIалтIа рукIарал полициялъул гьенире гьоркьоре лъугьиндал маскIаби хураз гьезда цо кагътал рихьанила ва гьел нахъе анилан абулеб буго гIадамаз.

МухIамадов кколев вуго Москваялда ксенофобиялда данде тIобитараб миллион чи вакIарараб митинг гIуцIаразул цояв, гьединго МухIамадовас гIахьаллъи гьабулеб букIана гражданиял форумазда ва коррупциялда данде ругел рази гьечIолъиялъул акциязда.

XS
SM
MD
LG