МагъчIваялъе рес

Дербенталда цойги чи тIагIун вуго


МухIамадджавад Хизриев
МухIамадджавад Хизриев

Дербент шагьаралдаса МухIамадджавад Хизриев тIагIун 4 къо баниги гьесул щибго лъалеб жо гьечIила. Хизриев кколев вуго цогидав араб бакI лъачIого тIагIарав Замир Пашаевасул мадугьал. Амма Хизриев полициялъулазул сияхIазда вукIинчIин ва цониги нухалъ Жанисел ишазул бутIаялде ахIун вукIинчин абулеб буго гьесул хъизаналъ.

Жакъа ункъабго къо балеб бугин жиндир рос кив вугевали лъаларого бугелдасайин абулеб буго МухIамадджавад Хизриевасул чIужу Перица. 19 маялъ радал, яс школалде цIалуде щвезавизе анила гьев къватIиве, гьелдаса хадуб гьев цогидай, росасда йигей ясалъухъе ун вугила, гьезие гьан щвезабизе.

Гьебго заманаялъ МухIамадджавад жиндихъеги кIалъанила, сагIат 11 тIубараб мехалъ, гьелдаса хадуб тIокIав кIалъачIилан абулеб буго Перица.

Бакъанидаги гьев рокъове вачIинчIев мехалъ гьесухъе нахъбуссун ахIидал телефон свинабун букIанила. ЦIехезе лъугьиндал, ахиралда гьев вихьарав чи кколев вугила жидер дурц Къурбанов Рамазан, гьес тIовитIун ун хадув гьев тIагIун вугин бицана Перица. МухIамадджавад Хизриев вукIун вуго жиндирго "Тойота Королла" автомобилалда, амма я автомобиль, я живго гьев лъидаго вихьун гьечIила.

ТIубараб нахъияб къоялъ жидеца гьев валагьулев вукIанила, амма хIасил ккечIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Пери Хизриевалъ.

Пери Хизриева: « ТIагIун нахъияб къоялъ валагьун хIасил ккечIеб мехалъ, нижеца шагьаралъул Жанисел ишазул бутIаялде гIарза кьуна, чи тIагIун вукIиналда хурхун.

Я автомобиль, я живго гьев вихьарав чи щивго гьечIо, амма гьев киданиги кIалъачIогон чIолев чи вукIинчIо. МухIамадджавад вукIинчIо гьел экстремистиял абулел сияхIаздаги, цогIаги нухалъ Жанисел ишазул бутIаялдецин ккун вукIнчIо. Дир рос вукIана гIадатияв хIалтIухъан, жиндаго къо бихьун ризкъи балагьулев.

Гьев минаби раялъул хIалтIаби гьарулев чи вукIана. 21 маялъ нижеца гьединго кьуна гIарза ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялдеги, амма щибго хабар лъалеб гьечIо. Жакъа ункъабго къо буго гьедин, щибго хабар лъаларого бугелдаса гьесул».

Перица тIаде жубана жиндир росасдаса цо къоялъ цеве гьединго араб бакI лъачIого тIагIанин жидер мадугьал Пашаев Замирги.

18 къоялъ тIагIарав Пашаевасул ва 19 маялъ тIагIарав Хизриевасул щибго лъалеб жо гьечIин, гьел шагьаралъул жанисел ишазул бутIаялде ккун рачун рукIиналъулги кинабгIаги хъвай-хъвагIайги гьечIин баян гьабулеб буго Дербент шагьаралъул Жанисел ишазул бутIаялда.

5 къо тIагIун баниги Пашаев Замирил гьединго жидеда лъалеб жо гьечIин абулеб буго гьесул гIага-божаразги.

Шималияб Кавказалда инсанасул ихтияразул ва гражданияб жамгIият цебетIеялъе Россялъул президентасда цебе гIуцIараб мажлисалъ араб соналъ Шималияб Кавказалда гIадамал тIагIиналда хурхун тIобитIараб данделъиялда хIукму гьабун букIанила тIалаб гьабизе тIагIарал гIадамал ралагьиялъулъ хIукуматалъул рахъалъ квербакъи букIине, амма бихьулеб мехалъ гьеб кидаго гьабулеб гьечIин абулеб буго инсанасул ихтиярал цIунуез.

XS
SM
MD
LG