Рузман къоялъ Ригаялда Евроцолъиялъул ва «Маршикъалъул партнерлъи» абулеб гIуцIиялъул церехъабаз къабул гьабуна цадахъаб декларация, жидеда гьоркьоб бахIс букIун батаниги.
Армениялъ ва Белоруссиялъ цебе инкар гьабун букIана Крымалъул аннексия абулел рагIаби ругеб документалда гъоркь гъулбасал лъеялдаса. Ахир-къад хIадур гьабун букIана цIияб документ.
Гьелда мухIкан гьабун буго Ереваналъ ва Минскалъ гьелда бан ккураб позиция, ва цого мехалъ рехсон буго Евроцолъиялъулги позиция – Россиялъ Крым ва Севастополь Украиналъухъа бахъи халкъаздагьоркьосел къануназде данде кколареб бугин абураб.
«Машрикъалъул партнерлъи» абулеб гIуцIиялде гъорлъе унеб буго Украина, Гуржистан, Молдавия, Азербайжан, Армения ва Белоруссия.