Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъ нахъе бахъана Россиялъулгун гьабун букIараб щуго рагъулаб къотIи-къай: рагъулаб-цIех-рех гьабиялда, балъгояб информация цIуниялда ва Моловалда ругел Россиялъул аскариял Украиналъул территориялдаса транзит гьариялда бан. Гьединаб хIукму гьабун бугин миллияб хIинкъи гьечIолъи цIуни мурадалда, ян лъазабуна тIадтараз.