МагъчIваялъе рес

2 американияв сепаратистаз эркенлъуде виччана Украиналда


Донецкалъул республикаилан жидеда абулел сепаратистаз эркенлъуде виччана жидеца ккурав кIиго американияв. Гьадинаб тIалаб Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасасухъе телефоналъ ахIун, гьабун букIана Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица.

Жиндир иргаялда Лавровас Донецкалъул сепаратистазде ахIи бан, абуна американиял кквей – лъикIаб иш гурин. Сепаратистазул бетIер Александр Захарченкоца лъазабуна, гьел американиял жасусал ругин аммаила Бергьенлъиялъул къоялъ жинца хIукму гьабун бугин гьел тIаса лъугьине.

Хвасарлъиялъул Халкъаздагьоркьосеб комитеталъул лъазабиялда рекъон ккурал американиял жасусал гурин. Ва Украиналда гIадамазда гьез гьабураб гьикъа-бакъи щибаб гуманитарияб гIуцIиялъе хасиятаб ва гIадатияб хIалтIи бугин.

XS
SM
MD
LG