МагъчIваялъе рес

Йенс Столтенберг: Сепаратистазе кумек Россиялъ гьабизе кколаро


Брюсселалда унеб бугеб Еврошураялъул министрабазул комитеталъул данделъиялъул кулуаразда НАТО-ялъул Генералияв секретарь Йенс Столтенбергица Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасде лъазабуна Москваялда тIадаб бугин Украиналда рагъдолел сепаратистазе гьабулеб кумекалъе ахир лъезе.

Гьеб гуребги, абуна Столтенбергица, жиндир рахIат хвезабун бугин ахирисеб заманалда Россиялъул аскарияз цIикIараб къадаралда гьарулел рагъулал хIалбихьияз.

Украиналъул хIинкъи гьечIолъи цIунулеб хъулухъалъ загьирабуна кIиго видео. Гьелда вихьула Донбассалда 16 маялда ккурав Россиялъул кIиго рагъулав хъулухъчи. Цояс абулеб буго жинда цIар бугин Евгений Ерофеев, ва жив Россиялъул армиялъул капитан вугин. Жив Украиналде вачIанин Тольяттиялдаса жеги 12 рагъулав хъулухъчиясдаго цадахъ.

КIиабилес абулеб буго жинда цIар Александр Александров бугин ва живги россиялъул рагъулав хъулухъчилъун кколин. Жив Украиналде вачIанин 220 аскарияв вугеб батальонгун. Украиналда Россиялъул аскариял ругеблъи Кремлалъ нахъ чIвалеб буго.

XS
SM
MD
LG