МагъчIваялъе рес

Варшаваялда - 2 демонстрация: Украиналде хIалаеги дандеги


Варшаваялда тIобитIана Украиналъе хIалае гIуцIараб демонстрация. Гьеб базабун букIана Крым татарал жиндирго ракьалдаса хIалица депортация гьабиялдаса 71 сон тIубаялда.

Нус-нус чияс - полякалги, белорусалги, уркиниялги – Варшаваялъул аслияб майданалде вачIун ракIалде щвезаруна респрессиялъулги гьанжесеб рагъулги къурбанал.

Цого мехалъ добго майданалда ультракваранал къукъабазул вакилзабаз ракIалде щвезаруна Дунялалъул КIиабилеб рагъда Украиналъул Къеркьеялъул армиялъ чIварал полякал ва хIукуматалдаса тIалаб гьабуна – Украиналъе кумек гьабунгутIи.

XS
SM
MD
LG