«Исламияб пачалихъилан» абулеб радикалияб багъа-бачариялъул къеркьохъаназ жидерго контролялда гъоркь босун буго ГIиракъалъул Рамади шагьар.
Цо чанго къоялда жаниб гьезда ва хIукуматалъул аскариязда гьоркьоб кьал халат бахъунеб букIана.
Рамади ккола Анбар абулеб вилаяталъул административияб бетIераб шагьар. Экстремистаз тIибитIизабураб жиндирго лъазабиялда абулеб буго жидеда кIванин аскариязухъа рагъулаб техника нахъе бахъизе. ГIиракъалъул премьер-министр ХIайдар аль-Абади разилъана «Исламияб пачалихъалде» данде шиитазул яргъид гIуцIарал къукъаби хIалтIизаризе.