МагъчIваялъе рес

Экспертал: ВИЧалъул хIакъалъулъ информация гIолеб гьечIо


​ВИЧ вирусалъул сияхIалде Дагъистаналда жиб-жиб соналъ 200 чи восулев вуго.

СПИДалъул вирус жаниб ккезарурал бананал ва апельсинал ричулел ругин Дагъистаналъул базараздаян ахIи-хIур буго гьал къоязда социалиял сайтазда. Гьелъие рачунел далилаги руго: судмедэкспертаз лъазабунин гьедин, тохтуразулги гьединабго информация бугин. Экспертазул баяназда рекъон, гьединал абундачал раккулел ва тIиритIулел руго ВИЧалда ва СПИДалда тIаса информация дагьаб букIиналъ сабаблъун. «Европаялъул улкабазда лъималаздацин лъим гIадин лъала гьел вирусал цояв чиясухъа цогидасде биялдасан яги цогидал гьоркьолъабаздасан кколеблъи», - ян абуна «Эркенлъиялъе» МахIачхъалаялдаса тохтур Ирина Камаловалъ.

«Сахлъи» клиникаялъул венеролог Камаловалъ бицухъе, жакъа къоялда Дагъистаналда ВИЧалда сверухъ пропагандаялъулаб гIураб хIалтIи гьабулеб гьечIо. «Ахирисел соназда информациялъулаб хIалтIи букIичIин абизе бегьула. Цебе маршруткабазда жанирцин седон рукIулаан хасал стендал. Кин ВИЧ инфекция ккезе бегьулебали ва щиб гьелъул хIакъалъулъ лъазе кколебали рехсон букIунаан гьел стендазда. Гьанже гьединал алатал азарханабаздацин къанагIат гурони рихьуларо», - ян абуна эксперталъ.

Россиялда ВИЧ тIибитIиялъул масъалаялда миллияб катастрофаилан абуна гьал къоязда СПИДалде дандечIеялъул федералияб централъул нухмалъулев Вадим Покровскияс. «Коммерсантъ» газетаялъе гьес бицухъе, прогнозазда рекъон, гьаб соналъул ахиралда ВИЧ бугел сияхIазда миллион россиялъулав вукIине вуго ва ункъо-щуго соналдаса гьеб къадар кIицIун цIикIкIина.

Покровскияс абулеб буго школабигун университетазда информациялъулаб хIалтIи бачине кколин, наркоманалгун гьабулеб социалияб хIалтIиялъул система хисизе кколин. «Ахирисел соназда гIемерисел улкабазда ВИЧ-сияхIазде росулезул къадар дагьлъулеб буго, амма Россиялда хIал батIияб буго. Щибаб къоялда Россиялда 300 чи сияхIазде восулев вугин абизе бегьула», - ян бицана Покровскияс журналистазе.

СПИДалде дандечIеялъул республикаялъулаб централда «Эркенлъиялъе» бицаралда рекъон, жакъа къоялда Дагъистаналда ВИЧ-инфекция бугел чагIазул сияхIалда восун вуго 2454 чи. Жиб-жиб соналда гьеб сияхIалде гIаммаб къагIидаялъ кIинусго чи кколев вугин бицана централъул нухмалъулев хисулев Лаура ГIумахановалъ.

Лаура ГIумаханова: «Санаидаса санаиде вирус бугезул къадар цIикIкIунеб бугин абизе бегьула. Жиб-жиб соналда гьеб вирус бугев кIинусгогIанасев чи ватула. ВИЧалъулгун СПИДалъул рахъалдаса информациялъулаб хIалтIи гьечIилан дица абиларо. Нижеца гьединаб хIалтIи гьабула, мисалалъе, гIолилазул министерлъигун цадахъ, лъайкьеялъул министерлъигун цадахъ, сахлъицIуниялъул министерлъигун цадахъ. Школазда цIалулелгун дандчIвала, студенталгун дандчIвала. Гьел тадбиразда бицуна ВИЧалъул ва СПИДалъул хIакъалъулъ. Мисалалъе, цебе гьеб вирус наркомания сабаблъун тIибитIулеб букIун батани, гьанже гьеб жинсиял гьоркьолъабаздасан тIибитIулеб бугоан».

ВИЧ буго инсанасе бищунго хIинкъи бугеб вирус. Чанго соналъ вирус чорхолъ букIине бегьула ва заманалда жаниб вирусалъ дагь-дагьккун иммунитет хвезабула. Гьелъул магIна ккола бокьараб унтуда, инфекциялда дандечIезе черхалъул къуват холин абураб. ВИЧ сах гьабун бажаруларо, амма руго гьеб инфекциялъ инсанасе гьабулеб зарал загIиплъизабулел, вирус тIибитIиялде данде къеркьолел ва ВИЧ СПИДалде сверизе бичаларел дараби. Экспертаз абухъе, исана вирус бугел чагIазе дараби гIезехъин гьечIо. Санкциял сабаблъул дарабазул багьаби тIаде рачIана ва регионалиял СПИД-центразул бюджеталда гьел дараби росизе гIарац гIолеб гьечIо.

Россиялъул сахлъицIуниялъул министерлъиялъ лъазабухъе, ВИЧ тIибитIиялъул масъалаги дарабазул масъалаги хIисабалде росун, вирусалде дандечIеялъул хасаб стратегия хъвана министерлъиялда. 2020-леб сон щвезегIан хIалтIизабизе бугеб гьеб стратегиялда рекъон, импортниял дараби хисиялъул программа тIубазехъин ракIалда буго хIакимазда. Амма, экспертаз абухъе, ВИЧалъул ва СПИДалъул вирус бугел чагIазе рихьизарурал дараби Россиялда гьарулел рукIинчIо цере ва гьанже риччазехъин ругел гьел дараби кинал рукIинелали абизе захIмат буго.

XS
SM
MD
LG