МагъчIваялъе рес

Адабияталда цIияб хатI тарав хъвадарухъан


13 маялда 55 сон тIубалаан магIарулазул машгьурав хъвадарухъан ГъазимухIамад ГъалбацIов гьавуралдаса. Адабияталда жаниб жиндирго хасаб нух ккурав, гьунар бугев хъвадарухъан гьев вукIанин гьевин абулеб буго литературиял критиказ, амма гьесул цIалдолел Дагъистаналда гIемер гьечIин. Кинаб букIараб ГъалбацIовасул товрчествоялъул нух ва щиб цIияб жо рагьараб гьес магIарул адабияталъеян бицунеб буго гьесул гьудул гьалмагълъиялъ жакъа гьев ракIалде щвезавулаго.

МагIарулазул адабияталда ГъазимухIамад ГъалбацIовас рагьанин цебе лъилниги букIинчIеб гIадаб хъвадарялъул къагIидаян абулеб литературиял критиказ. Цо гара-чIвариялда ГъалбацIовас жинцагоги абулеб буго киналго магIарул хъвдарухъабаз хIалтIизабулеб къагIида жинде рекIее гIолароаанин. Мисалалъе, МухIамадие ПатIимат йокьун йикIанин, амма гIагарлъиялъ гьей гьесие кьолей йикIинчIин абураб жо цIалдолесе рагьизе тIубарал тIахьал хъвалел рукIанин цересел магIарул хъвадарухъабаз.

Жинца байбихьанин батIияб нух, къокъал хабараздалъун цIалдолесул рекIелъе нух балагьизе. Жинцаго ГъалбацIовас гьелда цIар лъолеб буго ахIун бажаруларел кучIдул абун. Гьединабго пикру загьир гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе литературияв критик МухIамад БисавгIалиевасги. ГъалбацIовасул творчество бокьулел ва гьеб бичIчIулел гIадамал гIемерал рукIинчIин Дагъистаналда ва гьев хун хадурги цIикIкIинчIин. Амма кин букIаниги гьев рикIкIине бегьулин магIарул литератураялъул классиклъунилан абулеб буго БисавгIалиевас.

МухIамад БисавгIалиев: «Гъосул литературиял асарал цIаларал чагIи килщазда рикIкIине бегьула, щайгурелъул хIакъикъияб искусствоги, гъваридаб асарги, щвалде щвараб пикруги бичIчIулел гIадамал кидаго цIикIкIун рукIинчIо, гьел гIемерал гьечIо магIарулазда гьоркьорги. Амма ГъалбацIовасул цIар нахъе хутIизе буго, дица гьев рикIкIуна магIарулазул унго-унгояв классиклъун. Гьев вукIана гIемераб, къватIиса хIукуматалъул ва улкаялъулги литератураги цIаларав, гъваридал пикрабиги ругев чи. Дагьаб гьунар букIичIо гьесулъ бессун».

Лъиданиги релъинчIеб жиндирго нух рагьиялдалъун ГъалбацIовасда кIванин жиндирго цIалдолесухъе нух бахъизе, гурбани цогидазул нухдаса аравани гьев лъазе вукIинчIин халкъалдаян абуна БисавгIалиев МухIамадица. Мисалалъе Расул ХIамзатовас бокъараб нухдаса анаин киналго магIарул шагIирзаби, амма гьел цIалдолезухъе щвечIин.

ГъазимухIамад ГъалбацIовасул нахъе хутIараб архивалда тIад хIатIулей йиго гIумурялъул ахирал соназда гьесда цадахъ хIалтIулей йикIарай Баху МухIидинова. Жинцаго хъварал жал киданиги тIад вуссун цIалулароанин гьес, гьединаб букIанила гьесул жиндирго хIалтIудехун бербалагьи. Амма гьесда кIванин цIалдолесул рекIелъе нух балагьизе.

Баху МухIидинова: «Гьесул творчествоялъулги, хъварал асаразулги кирехун гьел рахъун ратаниги лъала гьел ГъалбацIовасул рукIин, гьезда гъоркь гьесул цIар гьечIониги. Гьеб буго гьесул хатI, гьесул пикру. Гьединго журналистикаялдаги гьабуна гьес хиса-свери, гьесул публицистикаялъул бокьараб предложение босаниги гьеб ГъалбацIовасул букIин лъала. Гьеб бугоха хъвадарухъанасул бищунго кIудияб гьунар, гьединаб гьунар кьуна Аллагьас ГъалбацIовасе».

Дагьаб цебегIан къватIибе бачIана гьесул Суракъат абураб тарихияб роман. Гьеб ккола ГъалбацIовас гIемерал соназ тIадги хIалтIараб, амма кинангоги лъугIизегIан гьесухъа хъван бахъинчIеб асар. Гьединго гьесул кIудияб мурад букIанин БакьагьечIиса Тажудин ЧIанкIал хIакъалъулъ пьеса хъвазеги. Жеги жеги рукIанин гьесда хъвазе ракIалда асарал, амма гIажалаб унтуца киналъего ахир лъунин абуна Баху МухIидиновалъ.

ГъазимухIамад ГъалбацIов гIумруялда ватIалъана 2014 соналъул июналда БакьагьечIиб хабалалъ гьесул зонода хъван руго гьал рагIаби: -ГIумру, гIадамал ине руго дие хоб бухъизе. –Божуге. Дун хабалъе восун ине вуго. –Божуге. -ГIумру дида тIаде ракь хъвана, диада щибниги бихьуларо. –ТIаса лъугьа.

XS
SM
MD
LG