Россиялъул гIорхъода «Къед» абураб проект гIумруялде бахъинаби Украиналъе чIезе буго 4 млрд гривнаялда, ай, 250 миллион долларалда. Гьеб бихьулеб буго Украиналъул хIукуматалъул сайталда бахъараб сметаялдаса.
Лъазабулеб буго исана гьеб проект гIумруялде бахъинабулаго хвезабизе бугин гьеб гIарцIил ункъабилеб бутIайин. Гьеб къедалъул халалъи букIине кколеб рагIула кIиазарго гIанаб километр.