МагъчIваялъе рес

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ ГIиракъалъул Рамади шагьаралда чIван буго чIегIераб байрахъ


Магърибалъул информалатазул лъазабиязда рекъон, «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул яргъид гIуцIарал къокъабаз ккун буго Рамади шагьаралда хIукуматалъул мина.

AFP ва Reuters агентлъияз лъазабулеб буго гьез гьеб минаялда тIад чIванин чIегIераб байрахъин.

Яргъид гIуцIарал шагьаралде тIадекIанцIун руго сардикь. Шагьаралъул централде щвеялъул мурадалда гьез гьабун буго чангIо кIудияб кьвагьи анлъго хвалде уневги хIалтIизавун.

ГIиракъалъул пачалихъиял хъулухъчагIаз лъазабулеб буго тунка-гIусиязда хванин I0 полициялъулав ва анкьго лъукъанин.

Рамади шагьар ккола Анбар провинциялъул аслияб шагьар.

XS
SM
MD
LG