МагъчIваялъе рес

Рагъулал ругьунлъаби: Россия VS НАТО


Львов шагьаралда гIагарда тIоритIана Украинаялъул ва СШАялъул солдатазул рагъулал ругьунлъаби.
Львов шагьаралда гIагарда тIоритIана Украинаялъул ва СШАялъул солдатазул рагъулал ругьунлъаби.

Грузиялъул ва СШАялъул солдатал гIахьаллъана Вазиани базаялда унел рагъулал ругьунлъабазда. Россиялда тIоритIарал ва тIоритIулел ругьунлъабиги хIисабалде росун, экспертаз рикIкIунеб буго гьел малъа-хъваял гьариялъе чанги гIиллаби ругин.

Грузиялда ругьунлъаби жеги тIоритIине руго ва гьенир гIахьаллъила Штатазул гурел НАТОялда гъорлъ ругел улкабазул солдаталги. Гьел ругьунлъаби гьариялъе гIоло СШАялдаса рагъулаб бакIаб техникацин бачIана Вазиани базаялде. Жибго гьеб база НАТОялъул ругьунлъабазул центрлъун гьабизе бугин, лъазабулеб буго Грузиялъул хIукуматалъ.

Гуржиязул рагъулаб идараялда лъазабуна Варшаваялда тIобитIинисеб НАТОялъул саммиталда гIахьаллъизе хIадурулеб бугин Грузия. НАТОялъул генсек Йенс Столтенбергил рагIабазда рекъон, альянсалде гъорлъе ккеялъе Грузиялъ хIаракат бахъулеб буго ва гьеб прогресс альянсалда бихьулеб буго. Гуржиязул президент Георгий Маргвелашвилисда гьес абуна улкаялда демократиялъул реформаби гьаризе кколин, диваналъул система цIилъизабизе кколин ва гьел хиса-басияз Грузия НАТОялде гъорлъ ккезабилин.

Рагъулал ругьунлъаби НАТОялъ гьарулел руго Машрикъалъулаб Европаялдаги, Украиналдаги, Прибалтикаялъул улкабаздаги. Гьебго мехалда Россиялдаги тIоритIулел руго гьединалго ругьунлъаби. 886 рагъулаб ругьунлъб тIобитIанин Россиялда хасалил мехалдаилан лъазабуна цодагьалъ цебе Миноборонаялъул нухмалъулев Сергей Шойгуяс. Гьединго ругьунлъаби гьал къоязда унел руго Волгоградалда, Астраханалда, Новороссийскалда.

Рагъулал гьел ругьунлъаби сундуе гIоло гьедигIан гIемер гьарулел ругел ва сундуе гьез рачинел? Кризисалъулаб халкъазда гьоркьосеб къукъаялъул консультант Варвара Пахоменкоца «Эркенлъиялъе» абухъе, Магърибалъ (ай Западалъ) ва Россиялъ жидерго рагъулаб къуват бихьизабулеб буго цоцада.

Варвара Пахоменко: «Россиялъул регионазда цоцада хадур тIоритIулел рагъулал гьел ругьунлъаби улкаялъул жанубияб мухъалда гуребги, цогидал икълимаздаги унел руго, цогидал улкабазул территорияздаги унел руго - добго Крымалда, Абхазиялда, Жанубияб Осетиялда. Гьединго НАТОялъул инструктораз рагъулал малъа-хъваял гьарулел руго Грузиялда гуребги, Украиналдаги, Прибалтикаялъул улкабаздаги, Машрикъалъулаб Европаялдаги. Гьел ругьунлъаби гьариялъе гIиллалъун ккола Украиналда бугеб конфликтги, гIиллалъун ккола гьединго Магърибалъул улкабигун Россиялъул гьоркьолъаби хвейги. ТIадежоялъе, Магърибалда хIинкъун руго Россиялъ Украиналда гIадаб конфликт аскIор ругел цогидал улкабаздаги байбихьизе бегьилин. Гьелдалъун НАТОялъ гьарулел ругьунлъаби ккола Россиялде дандечIараллъун. НАТОялъе бокьун буго бихьизабизе гьел улкабазе кумек букIилин. Гьебго мехалда Россиялъги бихьизабулеб буго жиндир къуват бугеблъи».

ГIадатиял гIадамал хIинкъун руго рагъ байбихьиялдасаян абуна Пахоменколъ.

Варвара Пахоменко: «КIиябго рахъалдасан милитаризация цIикIкIунеб буго, гIемер бицунеб буго рагъалъул. ЖамгIияталъул цIех-рехалги хIисабалде росун абизе бегьула, Россиялда гIумру гьабулез рикIкIунеб бугин рагъ букIине бегьулин, гьеб рагъда ядернияб ярагъ хIалтIизабизеги бегьулин пикраби руго жамгIияталда. Гьединго Магърибалъул ва Европаялъул улкабаздаги хIинкъун руго рагъ букIиналдаса, хIинкъун руго Россиялъ рагъ байбихьизе бегьулин. АхIвал-хIал цIакъ хIалуцараблъун бихьулеб буго гIадамазда ва бокьараб бакIалда конфликт байбихьизе бегьулин рикIкIунеб буго гьез».

Амма рагъулал ругьунлъаби гьариялъе цогидаб гIиллаги бугин, рикIкIунеб буго Кризисалъулаб халкъазда гьоркьосеб къукъаялъул консультант Пахоменкоца.

Варвара Пахоменко: «Рагъулал ругьунлъабазда абизе бегьула букIине бегьулеб кIудияб конфликталъул профилактикаялъун, рагъулаб конфликт биччангутIиялъе гьарулеллъун. Ругьунлъабаз бихьизабулеб буго рагъизе къваригIани ярагъгун гьунар бугеблъи. Тарихалдаса нилъеда лъала яргъилаб къецалъ цояб рахъалдаса кIудияб рагъ ккезе биччаларо, амма, кIиабилеб рахъ босани, нилъеда лъала ярагъ гIемерлъанаан, гьеб хIалтIизабизе бакI ва заман батулеблъиги. Гьелдалъун гьез рачине бегьула бакIалъул конфликтаздеги».

Рагъулал ругьунлъаби Россиялда халатрахъине руго. Гьал къоязда Китаялъул ва Россиялъул солдатал гIахьаллъулел руго Новороссийскалда унел ругьунлъабазда. Гьединго Россиялъул солдатал Таджикистаналдаса солдаталгун ругьунлъабазда гIахьаллъила.

XS
SM
MD
LG